***

Гула щун лъукъараб чан
Чанахъан х1айранлъизе
Х1ал лъуг1ун г1обоб ккоге
Г1ураб лъанин пашманлъи
      
            Припев:

Ц1илъулин, ц1илъулин ихдалил т1угьдул,
Ц1илъулин ц1алъун рух1арал авлахъал
Ц1илъилин ц1алъун бух1араб г1умро


Щаяли лъаларо дун
Мац1ихъабаз толаро
Дие квешлъи гьарулел
Гаргаделил ч1оларо.
    
 

                Припев:

Ц1илъулин, ц1илъулин ихдалил т1угьдул,
Ц1илъулин ц1алъун рух1арал авлахъал
Ц1илъилин ц1алъун бух1араб г1умро



Мац1 халатал харбилял
Бугьтабаца куцула
Куц хисулез какдедал
Камильлъизе гьаюна.


       Припев:

Ц1илъулин, ц1илъулин ихдалил т1угьдул,
Ц1илъулин ц1алъун рух1арал авлахъал
Ц1илъилин ц1алъун бух1араб г1умро




Жах1тадул церехъаби
Цин бахъунге нахъ танин
Хъант1андго гаргадулел
Гажал гъураян телин




        Припев:

Ц1илъулин, ц1илъулин ихдалил т1угьдул,
Ц1илъулин ц1алъун рух1арал авлахъал
Ц1илъилин ц1алъун бух1араб г1умро


Рецензии