Мажлис
Кориниб ручабаца бежулеб чед, гьан буго.
Кор сверун г1исин лъимал
х1алае рахъун руго,
Рохалил мажлисалда дир росуцоял руго.
Ах1улеб мавлид буго, бачулеб зикру буго,
Зикру бачулеб сасалъ рек1елъ нур т1олеб буго.
Г1алимзабаз ц1алулеб гъваридаб ваг1за буго,
Г1олохъабаз ах1улеб гьелъие такбир буго.
Рух1ияб мажлисалда жагьло рек1елъа уна,
Цоцадехун рокьигун адабалда хьвадула.
Эбел инсул т1абиг1ат лъималаз босулелъул
Г1ун бач1улеб г1елалъе берцинаб мисал ккола...
Амма рек1елъ цо ургъел
т1асаго жиб унареб,
Т1адего цун гурони бигьалъиги щолареб.
Рахьдал мац1 к1очезе тун,
чияраб берцин бихьун,
Умузул мулкалъул ургъел гьеч1еб г1елалъул.
Г1исинаб наслуялда г1айибги кин гьабилеб,
Гьабун каранда къайдал привет- йин байбихьулелъул.
Т1оцебесеб раг1иги баба, дадаян гуреб,
Папа, мамайин ах1и модаялда бугелъул...
Шамилил хьолбохъ ч1арал гъазизабазул ах1и,
Гьужумалъ гьел унаго кьурабалъ багъич1ебищ?
Муридзабазул къвак1и, тушмангун данде реч1и,
Ват1анги, динги, мац1ги ц1уни мурад бук1инч1ищ?
Бицунге наслабазда рахьдал гуреб цойги мац1!
Къват1исез, цонигияс нилъер мац1 бицунаро.
Нилъерго х1ат1икь мерхьун
чияр борхатго ккуни,
Гьез нилъер адаб, х1урмат кидаго борхуларо...
Свидетельство о публикации №123031000427