***

Хехаб гьорода, гьудул,
Гьими киб дур бугебан,
Бух1улеб керенги тун,
Таваккаллъун гьикъила.

Къоял рикъулеб заман,
Зах1матлъун бугониги,
Бидулрихьалъ бухьина,
Хьолбокье дур вачеян.

Чармил гурин бугеб рак1,
Биине хьулалги лъун,
Лъарлъун чвахулеб къадар,
Дур рагьдехун т1амила.

Т1олабго Дуниял дий,
Дармилаблъун батизе,
Бегьилариш берцинай,
Берал хорхун гьимизе?


Рецензии