***

Сардил моц1родехун рорхарал кверал,
Куркьбилъун русаги сордо иналде,
Рек1елъ суратги ккун, квер каранда лъун,
Калам гьабиялде зодихъ сверизе.

Бидулаб кьер бессун бугеб  моц1родухъ,
Ц1ар дур г1инч1аниш-ан раг1и бахъила,
Рии босун унеб гьорол мац1алда,
Муг1рул сверулаго дур ц1ар гьикъила.

Зоб ц1ун щущан бугеб, щибаб ц1ваялда,
Ц1ар дур хъван бугиш-ан буго шуризе,
Къваридго пинщулел бакъул ч1оразда,
Духъе нух малъеян буго гьаризе.


Рецензии