Лицемерам посвящается

Жакъа дун хваниги, хадур г1одуге,
Г1урал харбал рицун чуранин мунагь,
Чорокал каламаз рокьи куцуге
Цониги разияб раг1и раг1ич1ин.

Ч1арбида к1усуге рорч1и бикьизе,
Бух1изе къач1араб къаркъала сверун,
Свакарал маг1у т1ун, т1уре цереса,
Сон дие гьимич1ел, гьанже дие щай?..

Щивасда батулеб бук1ун хьихьизе,
Хьалбал ккун гочинин чи камич1ого,
Кутакал жах1табаз х1ал хвезабурал,
Бут1а ккун бикьилин бергьенлъи щварас!

Шуруге рух1алъе х1алихьат ругез,
Ругин нуж г1езаг1ан, зигараб раг1и,
Заманалда данде кверал регьич1ел,
Гьуинго г1одуге г1оло-ян абун!


Рецензии