***

Дур рек1еда чан бан,  чода г1олилав,
Г1ишкъудул къвалакье кьурулей йиго,
Кьурабазда сверун сангарал рихун,
Хивалазул къвал ц1ун,
Ц1унулей йиго.

Щагъадулеб буго бух1улеб керен,
Кида йокьулелда кьанагъдилиян,
Кьват1елалги рац1ун ц1илъараб рек1елъ,
К1алпасих1 сверулеб сурмияб х1инч1лъун.

Адабияб буго балагье духъе,
Хъамилариш дуца ц1а лъураб дир рак1,
К1уч1дузулъ рехсолей асарай гьудул,
Асарцин теч1ого кьела дуй рокьи.


Рецензии