Салам, Мама!

Йорч1ами, г1азизай-г1умрудул рогьел,
Рогьалилъ ц1илъулеб ц1яб бакъул ч1ор.
Йорч1ами, къиматай, къавлу г1акъилай,
Г1абидаб дир калам кинабго дуе.

Ассалам г1алайкум г1умрудул маг1на,
Мадих1 буго дица дуе сук1улеб,
Санал дие т1амун, мунго к1очарай
К1удияб салам дуй, дир рек1ел рохел.

Хасият меседил, миллат ц1унарай,
Ц1огьор вугин дарман, дур г1умруялъул,
Г1одуниш гьарилеб т1аса лъугьаян,
Т1ок1алъ дица къварид гьайиларилан.

Гьурмадаса гьими дур камугеяй,
Киналго дир къоял къвалакье раче,
Рук1арал рак1хвеял киналго к1оче,
К1удияб дуй Салам сабурай Эбел!


Рецензии