***

Чангиялда чан лъурав,
Лъач1ого духъе ц1ана,
Ц1об т1аг1арав г1адалав,
Г1ишкъу бикьизе щвана.

Щущан инариш дунял,
Дуда дир бер ч1вач1они,
Ч1ух1ун щайзе свердолей,
Судулеб керенги тун.

Г1аламатаб рокьи ккун,
Кьалде рехарав дие,
Дур калам гьоц1олъиля,
Ц1ар берцинай г1олиляй.

Г1азу-ц1ер рек1еде щван,
Щакаб рагьи рик1к1ад те,
Тохлъизе дун гьавурай,
Гьукъун нахъехун ч1ваге.

Балагь бук1ун буго мун,
Мунагь г1емераб рокьи,
Ракьалда жужах1лъулеб,
Х1алхьи рек1ей толареб.

Турун аяб гьинал рак1,
К1веч1о цолъинабизе,
Цоялъухъ ккараб рокьи,
Г1олин бич1инабизе.


Рецензии