О себе...

Мун г1адал г1адамал ричун росизе,
Рух1 дица бичана чидар ц1обалъе,
Ц1орораб хасалилъ хинлъи раг1изе,
Г1арцул жан жергъана жаваб ц1унизе.

Ц1унана суалал, сардал рихарал,
Рик1к1аде вусиндал росу жибго тун,
Жужах1лъун ратарал руго х1ехьолел,
Хьолбокьан кьуричел кьог1ал раг1аби.

Г1иц1аб дир г1акълуялъ г1адал гьавуна,
Гьорое пикраби паркъич1ого ран,
Пасатаб таваккал, туризеги тун,
Тохлъизе гьавуна вух1ун лъуг1изе...


Рецензии