Рак1алде щвей..
Бок1нилъ лъураб гъамас, горда гъоркь манги.
Гьелда т1аг1аталда к1удияв эмен,
Рагъида щар ч1валей к1удияй эбел...
Лал т1амулеб гьоц1иб басандулеб г1ел,
Колхоз "цебе т1езе" х1алт1улел улбул.
Оцазда рукьги бан хурзал рекьулел,
Жеги г1олохъанал нилъер умумул.
Ихдал хуриб бекьун, хаслихъ бак1арун,
Лал т1амун т1орщалил нахърател гьабун.
Гьабихъ ханжу
хенон, цагъуралъуб бан,
Хасалий х1адурлъи гьабулеб заман.
Боц1и- панз къач1азе кулабахъ унеб,
Рохьоса х1амузда ц1ул, хьоп баччулеб.
Корониб чед бежун, ц1ет1а гьан рехун,
Х1алалаб хинк1 кванан яшав гьабулеб...
Огь, хехлъараб г1умру, хисараб дунял,
Г1ададаго ч1валел г1умрудул санал.
Бигьалъи сундулъго нилъей щварабг1ан,
Щукру АЛЛАГЬАСЕ к1очарал рак1ал.
Ах1ун гьабе тавбу т1олго халкъалъго,
Дуг1а къабуллъулеб г1ужда рак1ги ч1ун!
Щукруйилан ах1е х1елун киназго,
Рак1- рак1алъ гьарани жаваб щолелъул!
Свидетельство о публикации №120041610673