Дида дир вакьадас...
Рагъда араб заман рак1алдеги щун.
Гьениб бихьараб къо, рагъул вах1шилъи,
Магжилъ маг1ил гарал гирун унаго...
Анц1ила микьго сон жеги т1убач1ел,
Гьурмада магжил рас жодор баккич1ел.
Рагъул алат жеги кодоб босич1ел,
Г1исинал г1олилал рагъде иналъул.
Жакъа ват1аналде къо ккун бугилан,
Военкомас кодор билеталги кьун.
"Добровольцал" рук1ин бич1изе гьабун,
Кьалул авлахъазде гьел рит1иялъул...
Щугоясде гьоркьоб цо туманк1 кьун,
Боркьараб ц1адулъе васал гъеялъул.
Лъукъаралгин хварал цо к1к1алахъе ран,
Гьездасан чвахулеб бидул г1оралъул...
Муг1рул г1олохъаби рак1ал чармилал,
Тушманасде данде гьел реч1ч1иялъул.
Шамилил муг1рузул ц1умал жал рук1ин,
Т1олго дунялалда ц1ар раг1иялъул...
Нилъер Ват1аналде ва наслабазда,
Рагъулаб вах1шилъи т1ад решт1угеги.
Гьединаб балагьаб къо т1адеги щун,
Къват1иса ч1ег1ераб хабар щогеги!!!
АМИН, РАББИЛ Г1АЛАМИН!!!
Свидетельство о публикации №120033001568