Росу тарал маг1арулазул цояв

Задачабазул кумир
Школалъул  директор
Лъай ц1ик1арав учитель
Лъалуха Т1имах1амад.

Бац1адаса Наирахъ
Ккараб рокьи чучизе
Росулъ чалиги бичун
Вач1ана хъутаналде.

Г1адраде т1огьол г1адин
Т1олабго бит1ун ккана
Т1огьоде най кинниги
Вусана йокьулелде.

Макьу тун рокьи гьабун
Гьаюна к1ияйго яс
Сордо къоялъги х1алт1ун
Цебе т1уна маг1ишат

Машааллагь гьудуллъи
Лъик1ал мадугьалзаби
Отдыхалде бокьани
Анапа-ялда вацал

Маг1арухълъи рехун тун
Г1ат1илъиялде вусун
Рек1елъ цо гьит1инаб бак1
Бук1уна инагьдулеб.

Бегьилаан-дай дие
Жакъа т1ад вуссине-ян
Цолъила-дай Наирал
Пикраби диргун-илан.

Ялъуни шагьаралда
Щвараб х1алт1иги гьабун
Гьан, чед, чакар босизе
Базаралде хьвадила.

Маг1арухъ сахлъиялъе
Хайир бугонаниги
Щвараб г1арцухъ дараби
Аптекалдаги руго.

Огь замана замана
Кибе мун бекерулеб
Бокьилаан дие мун
К1ич1ван г1емер гьабизе

Гьаб дунялалда дица
Г1асру бащалъаниги
Бащдалги анищазул
Ахир балагьун гьеч1о.

Метер къоялъ, къан габур
Малаикас кквелалде
Как к1ал к1очон теч1ого
Лъалк1ал гъварид гьарилин!


Рецензии
Интересно.Можете перевести и отправить мне?Аварский или татский язык?

Марат Амирхан   13.11.2017 21:55     Заявить о нарушении
Добрый день, Марат.
Спасибо, что читаете мои стихи.
Аварский язык прекрасен, согласитесь.
Постараюсь перевести.

Халимат Ахмедовна   15.11.2017 14:38   Заявить о нарушении