Свердухъан

Росасул т1алабал т1охде балеб ц1ад
Ц1аюц1ун к1ич1арде мун цойгиясе.
Рокьуе дибирас нух кьун раг1улин
Кеп босе свердухъан  дунялалдаса.

Чияр бихьиназул  рак1 гъезабизе
Жиб жиб къоялъ рокьул  асарал  хъвае
Цох1о бугеб г1умро г1адада тоге
Тира – свери, гьале дуе дуниял.

Рос г1оларей г1адан хъах1байин абун
Эмен вац вугеца ч1валаан цере
Гьанжейин абуни гьудулин абун
Чияр бихьиналгун реццалда руго.


Рецензии