Мац1ихъанасул гьудул

Рук1арал гьудулзаби рахъ-рахъалдеги хьваг1ун
Хьибилалда ватарав мац1ихъан кодов ккуна.
Вай к1алалъул пасих1лъи гьасул раг1ул берцинлъи
Раг1уларищ г1адамал хабаралъул гьуинлъи.

Щиб гьас бицананиги бит1араб буго лъимал
Лъида г1айиб ч1ваниги х1ехьезе т1адаб буго.
Бицунге цонигияс гьасий бокьулареб жо
Кьижараб хвел гьабуге хабаралда гъорлъ журай.

Лъиениги ихтияр гьеч1о сурат бахъизе
Бицанк1оялъе жаваб бегьиларо раг1изе.
Нагагь дир насих1атал т1ураларев чи дица
К1игьумеразул гьудул гурилан рехун тола.


Рецензии