Классцоял

Лъебералда анкьго сон Бац1ада школа лъуг1ун
Лъугьа-бахъинал рицун, рак1алде щвеял гьарун
Роххун цоцахъ ралагьун, гьаракь биччан кеч1 ах1ун
Буран рестораналда данделъана классцоял.

Аллагьасул бач1араб къоялъ ворч1амиги кьун
Кьижараб хвелги гьабун хиялазулъги восун
Сабурго г1енеккула бицунеб хабаралъухъ
Первоклассный сварщик Абдулаев Мух1амад

Хизан рукъ буц1ц1ич1ого ч1оларей баба г1адин
Гьоц1о нахги гъорлъе т1ун т1аде ц1ан чакарги щван
Щибасул телефонал цоцалъ рек1инаруна
Группаялъул бет1ерай Равзат Мух1амадовалъ.

Маг1арулал, г1урусал ва мац1 бат1и-бат1иял
Т1егь г1адал г1олохъаби туснахъалда хьихьарав
Жиндир к1удияб чорхолъ гьит1инаб г1амал бугев
Г1абдурах1манил ч1ух1и Касумович Мух1амад.

Т1олабго Россиялде росун путёвкабигун
Кепалда чаял гьекъон къоялъ машин хьихьулев
Группаялда сих1 къот1и х1ехьон бажаруларев
Раг1и жиндир билъарав кьварарав Г1арабилав.

Куллаб Бац1ада цолъун г1уц1араб колхозалъул
Кеп босизе ихтияр жиндихъе щун бугилан
Махсараби гьарула гьумер, берал берцинай
Рокъор гьалбал г1емерай Колова Т1авусица.

Дихъа бажаруларо нужее харбал рицун
Халкъул г1алам бахилав масъалабазул дада
Загадкабазул кумир, школалъул директор
Группаялъул инкарчи Омаров Т1имах1амад.

Лъараг1азул ракьалда ханлъи гьабич1ониги
Хан г1адин Г1алиханид тахида тун хьихьула
Хушеталъул буржуйка, классцоязул рек1ел т1егь
Т1егь г1адаб гьумералъул гьаракь берцинай Т1авус.

Ассаламу г1алайкум классцоялилан   абун
Моц1ие цо цо нухалъ гьаракь борхун к1алъала
Музыка кеч1 хирияв лебалав к1удадада
Техникаялъул мастер Расулов Г1абдурахид.

Васал! Нужей г1адин ЦО, дие щибго г1оларо
Гьале росулъ автобус, севералда шаланда
Шагьаралда, Бац1ада буго к1иго маг1ишат
Боц1и жиндий бит1арав Т1агьир Хунгучевасул.

Бит1араб мухъ ц1ан, жиндий кколеб закон бахулей
Заманаялда рекъон къокъуней маг1арулай
Г1адра кьун кьег1ер г1адин жинца лъамал хьихьулей
Кверзул мащел камилай юкъарухъан Сакинат.

Кизляр Махачкалаги квегъун маг1арул ясалъ
Россиялъул тахшагьар г1уц1изе къасд гьабуна
Лъица щиб бицаниги т1убана гьелъул мурад
Ич1найил гьоц1ц1о г1адин мац1 гьуинай Гужагьра.

Гьазиеги дозийги данде ккарал щиназе
Шаг1ирас г1адин раг1и рекъезабун бицунев
Къвариг1ани машина, ЕСЛИ ЧТО И ДУНГОГИ
Комекалъе х1адурав Г1арацг1алил Мух1амад.

Росу ракьалъул къимат лъидасаго лъик1 лъалей
Кеч1 ах1улей, кьурдулей, кьег1ер г1адин недегьай
Дагъистаналдасаги Москва жиндий хирияй
Мисалияй х1алт1ухъан Тухсаева Пат1имат.

Балагьараб мехалъ мун чинари гъвет1ин ккола
Бихьинчиясул анищ, ясазул лъик1ай баба
Тумазул бах1арайин ц1ар кьун месед т1ад барай
Бут1рузул  к1удай мастер, х1инч1 Булбул Саидова.

Бигьаяб г1умру бокьун Бац1ада росу тарай
Тиризе базар щвани щинаб лага бит1улей
Берцинаб г1амалалъул г1анаби баг1арай яс
Бертабазул кванил АСС  Ахмедова Муъминат.

Ракьалда т1ад батич1еб т1охдасан балагьулев
Босун шифер маххалъул муг1рул т1огьал гьарулев
Гьаб дир чед-хинк1 бугилан махщел камил гьабуна
Гьаракь макъан берцинав Багилов Г1умарица.

Гьуинаб ццун ц1ек1аб тун тира сверун вук1инч1ев
Ч1алг1аде заман ч1вазе бокьуларев багьадур
Бух1араб бакъулъ, ц1ц1адулъ ва ц1орораб хасало
Х1алт1ун г1умро т1амулев Асадула Хабибов.

Бокьани гьай кьижула, бокьич1они кванала
Кепалда дунялалда даим рах1ат босула
Бутиказдаса босун  т1ок1аб рет1ел рет1ула
Т1алаб бугей лъик1ай яц  Сах1ибизул Аминат.

Интернеталде вуссун вацапазде к1алъазе
Заманго бук1унаро к1вараб тараб гьабула
Берцинал кавабазул устар щиван гьикъани
Къосич1ого к1алъае Асильдар вугин абун.

К1удияй шаг1ирилан ц1ар къвариг1унги гуро
Къо иналъе ц1ализе г1уц1арал мухъал руго
Роххел талих1 ва рокьи, сахъаб г1умро гьарулей
Кулласа Ах1мадил яс Х1алиматин ц1ар бугей.


Рецензии