Учитель года-2017 в Гунибе

Ноябрь моц1алъул ц1орораб къоялъ
Ц1аргьан ячун ана дун конкурсалде
Учитель годалъул ц1аралда хадур
Гъуниб райцентралде бухьана сапар.

Сордо базе рокъор яцалъ рачана
Ц1урал чедал, хинк1ал, бакъвараб гьан бакь
Гьоц1о нах, чамасдак, пирог, торт, конфет
Саг1диятил столалъ унго х1ехьана.

Къаси рогьинег1ан дарсий х1адурун
Х1алт1ана Х1алимат-учитель  жакъа
Жиндир лъималазде бугеб рокьигун
Рах1ат лъаларей гьай щвана школалде.

Ич1го районалъул къецалъул дарсал
Къасилъаг1ан кьуна Гъуниб школалда
Х1асил лъазе ц1араб саг1тил замана
Хасалил сардида бащалъун ккана.

Хунзахъа Заира, Гъуниса Г1айшат,
Х1ебдалал, Г1андалал, Г1ахьвалазул яс
Бергьенлъул хъорщоде рахинаруна
Хут1аралги ц1акъал ругин реццана.

Шамилица хадув Рамазан вит1ун
Русана рокъоре къаси сардида
Сордо рогьинег1ан цебеса инч1о
Жюри Аминатил хъах1аб туника.


Рецензии
Про тунику вообще класс😃👍👍👍
Спасибо сестре🌹🌹🌹я её обожаю.
С любовью Х.М.🍀🍀🍀

Халимат Магомедова   25.01.2017 13:07     Заявить о нарушении