Выборазул багьана

Выбораздаса рос рокъов щвелалде
Хъата-масан чанай къват1ий яхъана
Росасул жиндие замана гьеч1ин
Заман бугесухъе бухьана сапар.

Г1адада чан толеб замана гурин
Жани-жанив сверун аск1ов вилъана
К1вараб кеп босизе рес бугелъулин
Сурат бахъулаго т1ад кверал лъуна.

 Цоцае беразул ишарал гьарун
Гьоц1о-нах г1адинан цолъана балай
Х1алихьатаб черхалъ чара хвезабун
Чирах сун бук1аго квер данде къана.

Сабру т1аг1ун т1олго дунял дирилан
Данде данде вуссун кьурдизаюна
Кинабго уйин ккун гьай мискиналъул
Карандаса гурде буго бух1улеб.

Лъималгин рукъги дий к1варич1ин абун
К1обок1ана керен вокьулесе гьалъ
Росасда данде гьав авараг вугин
Цо пикру бач1ана гьанийго ч1езе.

Воре мун Хунзахъе, дурго рокъое
Дир махсаро дуда уйилан ккоге
Лъик1ай, ц1акъай гьалмагъ росасухъе а
Дир ч1ужу дудаса г1езег1ан т1ок1ай.

Т1ад квералги рахун нуха рег1ана
Г1адатазул чангит чучарай гьалмагъ
Хадув вач1инилан божизаюна
Бажари ц1ик1араб чияр расанк1о.


Рецензии