Зикру
Зодоб малаикзабаз цадахъ такрар гьабизе.
Хадуб салават бит1ун Расул рази гьавизе,
Расуласул суннатал мух1кан гьарун хьвадизе.
Лаиллаhа иллаллаh, лаиллаhа иллаллаh,
Лаиллаhа иллаллаh Мух1аммадрасулуллаh!
Устарасул нухги ккун т1арикъат цебе т1езе,
Т1адкъаял К1удиясул рак1бац1адго т1уразе.
Нилъерго наслабазе мисаллъунги хут1изе,
Гьезий къосиялдаса сабаблъунги батизе.
Лаиллаhа иллаллаh, лаиллаhа иллаллаh,
Лаиллаhа иллаллаh Мух1аммадрасулуллаh!
Вехь гьеч1еб боц1и г1адин къосинч1ого рук1изе,
Г1умру г1адада биччан тохлъун ратунгут1изе.
Талих1 бугел наслабалъ ц1арал нилъерго хъвазе,
Хадур г1олел г1елазги ислам щулаго кквезе...
Лаиллаhа иллаллаh, лаиллаhа иллаллаh,
Лаиллаhа иллаллаh Мух1аммадрасулуллаh!
Рач1а, яцал, бачизе зикру гьаракьги борхун,
Т1адег1анав Аллагьас мунагьалги чуризе.
Аллагь разилъиялъул нилъедаго нур базе
Рек1ел зикруялъулъго рак1алги даимлъизе...
Лаиллаhа иллаллаh, лаиллаhа иллаллаh,
Лаиллаhа иллаллаh Мух1аммадрасулуллаh
Свидетельство о публикации №116101405687