Муг1рул, щобалазда...
Ихдалил т1угьдузулъ щублъун ятизе.
Зодир нак1к1азулъ дун жуялей ани,
Дунял г1аламалде ц1адлъун чвахизе.
Маг1арда г1ансилъун сверулей ани,
Гъваридал к1алахъа г1орлъун чвахизе.
Хасало г1азулъун х1улулей ани,
Х1еренаб юргъанлъун кийго т1епизе.
Авлахъазда пулеб гьурилъун анищ,
Рохьал, кьурабазда милъир бахъизе.
Гьаваялда х1инч1лъун йоржизе анищ,
Дунял вокьулевгун сверун роржизе.
Свидетельство о публикации №116082801763