К1албиччай...
Байрам бай бихьизе г1уж т1аде щведал.
Баркула цоцаде рах1маталъул къо,
РАХ1МАНАС нилъее сайгъат гьабураб.
Рак1арула цоцахъ, цудунго рахъун,
Г1аданлъи божилъи щулаго кквезе.
Щвараб рах1маталъе щукруги гьабун,
АЛЛАГЬАС малъухъе х1ал берцинлъизе.
Эбел инсул к1алт1е т1оцере щвезе,
Унтарал щокъазде зиярат базе.
Нилъерго лъималги, вацал яцалги,
Къойил рихьаниги цадахъ рохизе.
Гьаб рохалилаб къо АЛЛАГЬАС кьураб,
Лъаг1алида жаниб цолъидал бугеб.
Т1асияб соналъги т1аде щвелалде,
Мунагь х1акъ гьеч1ого гьеб данде ч1вазе.
Киналго муъминал дандеги руссун,
Аллагьасде х1елун дуг1а гьабизе.
Рагъул балагьазе роркьарал ц1аял,
ЖИНДИР гурх1алица свине гьаризе.
Бусурбанаб халкъги гьезул ракьалги,
Гурх1улев РАХ1МАНАС хвасар гьаризе.
Улбул лъималазул чвахулеб маг1ил,
Г1АДИЛАС жинцаго рец1ел босизе...
Баркула нужода гьаб рохалил къо,
Рохалил маг1ида бералги хулун!
Гьарула г1умрудулъ Аллагь разилъи,
АЛЛАГЬ гурх1иялда рек1ел божигун. Амин!
Свидетельство о публикации №116082305638