Умумузул Ват1ан

Роолил г1ужалда г1азулъ т1ерхьарал,
Рорхатал  муг1рузул  г1агараб ват1ан. 
Зодоб квер бегьани  кодоб ц1ва  щолеб,
Ц1орорал  иццазул  эркенаб  т1алъи...

Щубилъ г1урчин  харил  мегъал  рецараб,
Хурзал   моц1рол  канлъухъ  гваяз лъилъараб.
Мугъалъ  магьал  раччун яшав гьабураб,
Чабхил  сухъмахъ  нухал лъелго  мерхьараб. 

Тушбабаз ц1аял гъун  ч1обоголъараб,
Балъго мац1ихъабаз гочизабураб.
Киг1ан зах1малъабаз жал к1век1аниги,
Росдал  агьлабаца   къимат борхараб...

Г1алимчи кидаго жанив  камич1еб,
Камилал  наслабаз адаб рехич1еб.
Ват1анияб  рагъде  ах1и  бач1индал,
Цересел кьеразда  г1олилал ч1араб . 

Чанги миллатаца жодор росаби,
Кулабазде руссун   ч1унтизаридал. 
Муг1рул т1огьиб бугеб т1огьол расалъи,
Наслабаз ц1идаса  ч1ух1изабураб.

Сверун жинда рачел кьурабаз къараб,
Г1одоса  расалъи  рохьаз бацараб.
Рохьазулъ чундулги,   зодор ц1умалги-
Бокьула дие мун  умумузул ракь...


Рецензии