Баркула ц1ияб сон...
Ц1ияб сонги баркун дуг1а гьабизе.
Муг1рузул т1алъаби ва т1олго дунял,
Т1огьол байдабазде руссинаризе.
Гьал халкъазда ругел рагъул балагьал ,
АЛЛАГЬАС гъваридго ракьулъ рукъизе.
Сунареб чирахълъун дин исламалъул,
Т1олго дунялалда Нур т1ибит1изе.
Халкъул г1аламалда АЛЛАГЬГИ гурх1ун,
Жив живасул рек1елъ Иман т1инк1изе.
АЛЛАГЬАСУЛ амру т1адеги босун,
Т1олго наслабазулъ дин щулалъизе.
"Алжаналъул бок1он дунялалда т1ад",
Къуръаналда ДУЦА рехсей гьабураб.
Миг1ражалда щведал Аварагасе,
Гьелъул баян Жиндий Жибрилас кьураб.
Х1адисалъулъ рехсон Х1абибуллагьас,
Дунялалдаго т1ад къимат борхараб.
Гьаб дир Дагъистанги гьелъул халкъалги,
ДУР гурх1лилъ т1ерхьун хьихье БЕТ1ЕРГЬАН!!!
АМИН, я АЛЛАh!!!
01 01 2016г.
Свидетельство о публикации №116021403290