Ункъмухъал

Унмухъал


Цо лъалхъе, гIодов виччай, гьаваялдаса рештIе,
Ракьалда гIумру букIин кIочарав ГIадамил вас;
ВачIа, цо сабру гьабе, хIохьбахъизе гIодов чIа,
ЧIухIи гучаб гIумруялъ мун цIакъ свакан вихьулев!

*       *       *

Реццалъе мукIурлъарав
Малакь ккола ахирги,
Аллагьги кIочон тола
Жиндаса чIухIарасда!

*       *       *

Рукъ – бакI гьечIев гIадин къватIахъ вуго дун –
Ватула мех – мехалъ дунго цIехолев!
Дунял тирулаго кивго вуго дун –
Дида дунго вуго чанги дандчIвалев!

*       *       *

Лъабго сордо гуро дир гIумруялъул
Рокъоб дунялалъул дица рогьараб,
Рази вуго амма Аллагь дудаса,
Дуца дие кьурал гIумрул къоязухъ…

*       *       *

Гордул къватIисеб рахъалъ цIадал руго кьурдулел –
Руго гьел расандулел гIисинал лъимал гIадин!
Расандугеги абе берцинаб дунялалда,
Бомба рехун хадуса Хиросималъул цIадал…

*       *       *

ЦохIо хьулаца буго
Ракьалда гIумру кколеб.
ЦохIо божияз буго
Бакъул ракьалда гIумру.

*       *       *

Инсанасул гIумруги
ГIададе бухIун унеб
Тамахьодал хъалянги
Бащадаб буго, гьудул.

*       *       *

Килшал загIипал жал ратIа – ратIаго,
Килшал гIадал руго нилъги гьадинан.
Зар букъизе ккола, вацал, зар букъе,
Бицун бичIчIуларел чагIазде данде.

*       *       *

Чудукълъи бихье абе,
Мискинлъи бихье абе,
Чиякълъиялъ чи чIвала,
Лъийго щогеги абе!

*       *       *

Жеги гIечIеб гIакълу гIезе батилищ,
ГIакъилаб ракьалъул махлукъиятул,
Гьабилелде цебе пикру гьабизе,
Гьабулеб жоялъул гьаб дунялалда!

*       *       *

Дунго магIарул вукIун
МугIрул руго дий рихун,
МагIардаса рещтIунел
РакIал ганчIилал рихьун!

*       *       *

Дида йихьана цо яс
ТIегь гIадинан ечIарай,
ВатIаналъухъ чIалгIиналъ
ЧIаголъи жужахIлъарай.

*       *       *

Бакъан гIадин берцинаб жого дуца ургъичIо!
Дида тIокIаб лъаларо дур тIадегIанаб щибго!
ШайтIаналъухъ ракI цIанищ мун вугев, ГIадамил вас,
Бакънал цо – цо  ургъулев мугьру жужахIалъулал!
 
*       *       *

Нужеца ракетал цIехе, гIалимал,
Дидани хадур нуж гъоларо гури! – 
Дуниял абураб гамида рекIун
Регун унев вуго дун гьал космосал.

*       *       *

Гьереси гьеб рагIи, божуге, чагIи,
Божуге нуж жужахI гьечIин абуни! –
Нужер чангиязул беразулъ дида
Бихьулеб буго цIа жужахIалъулаб…

*       *       *

Гьавураб, гIураб росу,
РекIей гьелъул гIагарлъи! –
Дунялалда кибниги
ГьечIо ВатIан гIадаб бакI…

*       *       *

КьабгIе бутIер, къехь бахъе, речIчIа тIаде къай кIочон ,
КъвакIун чIа гамачI гIадин, гIадам – инсан гурхIуге.
Мунго свакан вихьула  дудаса ГIадамил вас – ,
Бихъбихъе бомбабаца цохIо нухалъ гьаб дунял.


Рецензии