Мун дида дандчIвачIей ани
Хирияй, мун дида дандчIвачIей ани,
Дие гIумрул магIна букIинароан.
Берцинай мун дида ятичIей ани,
Янгъизавлъун даим хутIилаан дун.
Дуца дий рагьана ракьалда алжан,
Рокьул, гIишкъул цIезе гIумруги гьабун.
ГIумрудул талихIлъун гьимана мун дихъ,
Алжаналъул ахикь гIинтIилъун яккун.
Дицаги мун гурей тIаса йищичIо,
Ясал дунялалда дагь гьечIониги.
ГьедигIан гьуинай, гьедигIан лъикIай
ГьечIони мун цадахъ кIваричIо дунял.
Мун дир рекIел кIутIи, кIутIбузул щури,
Щвеларилан, яс, мун хIинкъун вуго дун.
Дир каранзул хIасрат, беразул канлъи,
Ракьалда духъ гуреб батичIо ракIцIай.
Дир ахIулел кучIдул, бакънал, саринал,
Берцинай, цохIо дуй руго киналго.
ГьечIо чорхой рахIат, рекIее хIалхьи,
РекIелай, нилъ цадахъ гьечIебгIан мехалъ.
Къад- къасги , кидаго каранлъ рекIеца
Камилай, цохIо мун ахIулей йиго.
Щибаб сагIат- минут унеб буго дир,
Беричай дир гьудул, духъ угьдулаго.
Дунялалъул рокъоб дий хIалхьи гьечIо,
ХIеренай дуда къвал бачIебгIан мехалъ.
Макьу хIарам буго сардазулъ дие,
Духъ рекIел урхъиялъ, пикру- хивалалъ.
ГIумруялъго лъарал ясазда гьоркьой,
РекIеца мун гурей тIаса йищичIо.
ГьадигIан мун йокьун, ракI духъ хIасралъун,
Мун аскIой гьечIони пайда щиб гIумрул?
Свидетельство о публикации №109102007318